16+
герб дагестана
герб унцукульского района
ОФИЦИАЛЬНЫЙ САЙТ АДМИНИСТРАЦИИ
МО "УНЦУКУЛЬСКИЙ РАЙОН"
368948, Республика Дагестан,
п. Шамилькала, ул. М.Дахадаева, 3
mo_uncuk_raion@mail.ru
8 (8722) 55-62-79
Приемная Главы района

Гимн района

Новый Гимн Унцукульского района (на аварском)

 

1. Мун коч1ое ах1изе х1асрат буго беролеб,

Мун къисабалъ рехсезе гъира буго гьалдолеб.

Дагъистан ц1и гьабизе ц1ияб канлъи кунч1арал,

Ч1агоял васал кьураб бокьулеб Унсоколо

                                       

                     Припев: Дир район, дир район Унсоколо,

Устарзабазул улка, ахихъабазул Ват1ан,

Хьиндалазул тахшагьар.


2. Алжаналъул ниг1матал жанир рижулеб лъаг1ри,

Лъай т1урал васал-ясал, куцан г1олеб къебелъи,

Шамиль, Гъазимух1амад, гъазаваталъул ц1иркъал,

К1удияб зани гурищ, зобазда гъоркь Ах1улгох

                   

              Припев: Дир район, дир район Унсоколо,

Устарзабазул улка, ахихъабазул Ват1ан,

Хьиндалазул тахшагьар.

 

3. Мах1мудил рокьуцаги, Мах1ачил гьунаразги,

Гьайбатаб къиса хъвараб, къабулаб нижер свери.

Х1урият ц1унизелъун, ц1адулъ рук1арал ц1умал,

Ват1аналде къо ккедал, къват1ир к1анц1арал васал.


 Припев: Дир район, дир район Унсоколо,

Устарзабазул улка, ахихъабазул Ват1ан,

Хьиндалазул тахшагьар.