16+
герб дагестана
герб унцукульского района
ОФИЦИАЛЬНЫЙ САЙТ АДМИНИСТРАЦИИ
МО "УНЦУКУЛЬСКИЙ РАЙОН"
368948, Республика Дагестан,
п. Шамилькала, ул. М.Дахадаева, 3
mo_uncuk_raion@mail.ru
8 (8722) 55-62-79
Приемная Главы района

КIал биччан гIидалъул къоялде Унсоколо районалъул администрациялъул бетIерасул ишал тIорарел ГIиса НурмухIамадовасул барки.

КIал биччан гIидалъул къоялде Унсоколо районалъул администрациялъул бетIерасул ишал тIорарел ГIиса НурмухIамадовасул барки.ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! Ахиралде щолеб буго баракатаб, жинда жаниб хирияб Къуръан рещтIараб, Лайлатул къадриялдалъун кIодо гьабураб рамазан моцI. Гьеб лъугIидал бусурбабаз кIодо гьабула кIалбиччаялъул гIид ва Аллагьасда  гьарула, хирияб рамазан моцIалъ ккурал кIалал, рарал какал, гьабураб лъикIаб гIамал къабул гьабегийилан. Баркула киназдаго гьеб гIидалъул къо. Хириял ражаб, шагIбан ва рамазан моцIаз гьарурал лъикIал гIамалалги киназулго къабул гьареги, гьел хадусел моцIаз цIикIкIинаризе, гьезда тIадчIезе тавпикъги кьеги. Баракатаб моцIалъ как- кIалазулъ мукъсанлъи ккарал бусурбабазеги гьарула, тавбуги гьабун, Аллагьасул  ритIухъаб нухдаса таричIого церехун рилълъин. Ахирзаманалъул балагьалдаса Дагъистанги тIолалго бусурбабиги цIунаги! Биччанте кIалбиччан къоялъул гIидалъул баракат рещтIине щивав дагъистаниясул рокъоб. Амин!
Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии к данной публикации.